РОКЬУЛ КУЧIДУЛ

 

ЯСАЛЪУЛ ЭБЕЛАЛЪ ВОКЬУЛЕВ
ВАХЪИЯЛДЕ ГЬАБУРАБ КЕЧI

 

Меседил кIуркьмахх босун,

Дарайдал къвалалги цIун,

Партал лъутIизе абун,

ТIохрагIалде яхиндал,

БачIун квертIа рещтIана

Куркьбал гIарцул хъарчигъа.

КвертIа ругьунлъизепан,

КвертIа тун дица хьихьун,

КвертIа ругьунлъун хадуб

Каранзул гьан кьун хьихьун,

РакI бахъаяй эбелалъ

Ана кодоса вахъун.

Рокъобго лъим букIаго,

Лъадал багьана батун,

Лълъел цДезейилан абун,

КъулгIадутье йилълъана.

Чу чурулев ватана,

Жив дибирас чураяв.

– Чу чуризе гел кьелищ,

Эбелалъе вокьулев,

Эбелалъе анцIгогIан

Диегоги вокьулев?

Бахине сапун кьелищ,

Эбелалъе хирияв,

Эбелалъе ичIгогIан

Диегоги хирияв?

 

Каранда бугеб цIа

Дир каранда бугеб квешаб цIадуца

Дунялго къвагъила, къватIиб биччани.

Бераздаса чвахун араб магIуялъ

Ралъадал лъугьина, гуми лъедезе.

Гургинал зобалги зодир цIвабиги,

ЦIар дур хIайранлъила, хIакъикъат лъани.

ХIайваналгун женал, жеги тIабигIат,

ТIолабго хвелаан, хабар рагIани.

 

Дун эбелалъ гьавун чи гIуралдасан,

ЦенцIол гурев щвечIо дун Шушуялде,

Дир рокьи ккун тараб доб Шушуялда,

Балай бергьун тараб эрмениялъухъ.

ИнчIев ани, эбел, дун Шушуялде,

Шушуялда бугеб гIадат бихьизе.

РещтIинчIев анани гьоболасухъе,

Гьоболасул рокъой якъут батизе.

– Яче, магIарулав, дун магIарухъе,

БагIараб цIа рекIун керен течIого.

ЧIваи чодул кьолоний, кьенсер-бер чIегIер,

Кьолеб гIазаб буго гIарцул каранда.

Эрмениял тела, тимар гьабила,

Нижераб дин тела, дуде юссина.

Яче, магIарулав, дун магIарухъе,

БагIараб щадуца юхIун течюго,

ЧIвае, лугбал чергес, чода нахъа дун,

Кьолеб гIазаб буго гIарцул каранда.

– Ячилаан, ясаи, мун магIарухъе,

Нижер магIарухъе нух квешаб буго.

Лъелаанха, ясай, мун чода нахъа –

ЦIорол керен цIурал рорхатал щобал.

– Нужер магIарухъе нух квеш батани,

ЦIадаллъун чвахула дир бераз магIу.

ЦIорол керен цIурал рорхатал щобал,

ХIухьеллъун йиулей дун йихьуларищ?

 

Вокьуларев росасде гьабураб кечI

Дирги вугин россол жо,

Росдал гьабзаца кваяв,

Ражипорол хъал кьуни,

Кьела, ясал, нужейго.

Вугищали вихьизе

Инин дунги рокъое,

ГъастIа кIусун ватана

Вахъунгеяв хIалихьат,

Квералъ рохъоги хъирщун,

ХIурул кьерги бадиб чIван,

Кьандибе теретги хъван,

ТертитIе гьологи бан.

Гьеб гIанкулев ватана.

Гьардаралгин дахIалал

Россал берцинал ясал,

Диги вугин хIалихьат

Вихьде росулъ сурарав.

Жинда хъварщи рагIани,

Нахъарокъой кIанцIулев,

Нахъа хъварщи рагIани,

Дир накалде вегулев.

Боял ЦIорой унаго,

ЦIухIалитIе къачIалев.

 

Чамасдак кваниги квен билълъунаро,

Кинанха, дир яцал, дунял гьабулеб?

Данделъун чIаниги ракI сасуларо,

Сардал кин рогьинел гьадинаб хIалалъ?

РакI бахъараб хъиргъу бихьуларелъул,

Берал гIодиялда пайиб щиб бугеб?

Яхула къутIие, тирула къутIий,

Вихьуларо гьудул, гьалула керен.

Щвамо рукъиеги гьечIо дие хьи,

Сунареб кор бугин каранда боркьун.

 

Борхатаб магIарде тIадеги яхун,

ТIогьоде бикьила духъ ккараб рокьи.

Гъваридаб ралъдалъе жанийги лъугьун,

ЧугIиде чучилин каранзул ургьел.

МагIарде гIазуги рагIал чIван балин,

PaгIye хисуге, багIараб месед.

ГIурдада савуги сардие лъолин,

Воре, мун чучуге къоролзабазе.

Жакъапан къваридаб къоги бачIинчIо,

Къвалал багIарица мугIрул герараб.

КъасигIан пуланаб сордо бачIинчIо,

Дур чIегIерал берал цересан араб.

Берални васасул чалухал руго –

Чамалъе гьарурал берзул ишанал.

Кверални васасул хIеренал руго –

Щиб талихI бугелъул каранда лъурал.

 

Унго ле, вокьулев, гьабго кинаб жо,

Гьудуллъун лъваниги, лъутун хьвадулев?

Тамаша-гIаламат щибан цIар лъолеб,

Щварав гьобол гIадин, тIад вуссуларев?

МугIрузул иццул лъим гьекъон чIалгIунищ,

ЦIадал хIориниса хIохь бан гьекъолев?

МахI берцинаб ахил пихъалъ гIорцIунищ,

Рохьил пихъ кваназе тIадго вуссарав?

ГIужрукъалда балеб къвал дидаги бан,

Къокъаб заманаялъ лъикIайищ ккарай?

КъотIи холарилан дидеги вуссун,

Гьанже хIажат гьечIеб хIалищ батараб?

ГьитIингоги рокьи кьаллъарай дие

Кьалбал гьечIеб щола тIад пихъ базе гъветI

Эбел-инсул рокъой талихI кьечIей дун

Тамашаяб гьечIищ къвал бани, гьудул.

 

Гьадал мугIрул-щобал щущан инчIелдай,

Щущан нилъ кIиялго унел къояца?

Щобалги ракьалги рикьун инчIелдай,

Рокьарал кIиялго ратIалъулаго?

АнцIила щуго сон тIубаралдаса

Рокьиги гьабуна, гьудулги ккуна.

Рокьи гьабуниги, гьудул ккуниги,

Гьанже гIадаб балагь тIаде бачIинчIо.

Дудасаги къосун къварилъизегIан,

Къанабакь лъейгиян гьарун букIана.

Къанабакьги ккечIо, къадарги хъвачIо,

Къварид буго дие йижараб росу.

Баниги щиб, эбел, магIарде гIазу,

Росулъе щолареб, щобда чIолареб?

ГIуниги щиб, гьудул, щобазде гьури,

Дун гьогьомулареб, гьогьен чIвалареб?

 

Рокьуца керен бухIун,

ХIасраталъ берал чвахун,

Чам гIашикъаб къо бугеб

Къварилъиялда унеб?

ГIишкъуялъ лугбал гьалун,

Гьаваялъ рукьбал рухIун,

Гьудул данделъулареб

ХьвагIи буго дир рекIелъ.

Гьудул, дур цIар ахIиялъ,

ЦIа бакараб кор гIадин,

Гьалдолеб буго керен,

Кидадай гьогьомила?

ЦIцIадае гигу гIадин,

ГохI-гохIалде цIалдеялъ,

ЦIорон буго гьинал ракI,

Гьабилеб дарманго щиб?

Сайт создан по технологии «Конструктор сайтов e-Publish»